❁ ИХӀСАН ❁


Гео и язык канала: Узбекистан, Узбекский
Категория: не указана


«Аллагь разилъулеб мурадалде инсан щвечlо адабалдалъун гурони,
гьеб мурадалдасаги махlрумлъичlо адаб теялдалъун гурони»

Связанные каналы  |  Похожие каналы

Гео и язык канала
Узбекистан, Узбекский
Категория
не указана
Статистика
Фильтр публикаций




❁ ﷽ ❁
Мунзириясдасан бицана Аварагас ﷺ абунила: «Щив чи вугониги гIидалъул сордо чIаго гьабун, шагIбан бащалъиялъул сордоги, гьев чиясул ракI холаро цогидазул ракIал холеб къоялъ».
Аллагь разилъаяв МагIаз бину Жабалидасан бицараб хIадисалда буго: «Ссалат-салам лъеяв аварагас абуна:
«ШагIбан моцI бащалъараб сордоялъ ТIадегIанав Аллагь рахIматалдалъун валагьула Жиндир кинабго халкъалдехун, цинги гьес киназулго мунагьал чурула, цохIого цо мушрикасулги хIал хъубав чиясулги хутIун», – илан.
• • •
t.me/ihsan_avar
Телеграм-канал ИХӀСАН






Видео недоступно для предпросмотра
Смотреть в Telegram
Йа́ Си́н / يس


❁ ﷽ ❁
Бараат сордоялъ лъабго нухалъ цIалула «Ясин».
ТIоцебесеб «Ясиналъе» нийят гьабула гIумру халалъизеян. «Ясин» цIаларабго, хасаб дугIаги цIалула.
КIиабилеб «Ясин» цIалиялъе нийят гьабула балагьаздаса цIуни мурадалда. Гьелда хадубги хасаб дугIа гьабула.
Лъабабилеб «Ясин» цIалиялъе нийят гьабула ризкъи гIатIилъизеян. Гьелда хадубги гьаб хасаб дугIаги гьабула:
«Аллагьумма, я зал манни ва ла юманну гIалайгьи, я зал жалали вал икрами, я за тIтIавли вал ингIами, ла илагьа илла анта загьра ллажина ва жарал мустажирина ва аманал хаифина. Аллагьумма ин кунта катабтани гIиндака фи уммил китаби шакъиййан, ав махIруман, ав матIрудан, ав мукътарран гIалаййа фи рризкъи фамхIуллагьумма бифазлика шакъавати ва хIирмани ва тIарди ва икътара ризкъи ваасбитни гIиндака фи уммил китаби сагIидан марзукъан муваффакъан лилхайрати фаиннака къулта ва къавлукал хIакъкъу фи китабикал мунзали гIала лисани набиййикал мурсали ямхIуллагьу ма яшау ва юсбиту ва гIиндагьу уммул китаби. Илагьи биттажаллил агIзами фи лайлати ннисфи мин шагIбанал мукаррами ллати юфракъу фигьа куллу амрин хIакимин ва юбраму ан такшифа гIанна минал балаи ма нагIламу ва ма ла нагIламу ва ма анта бигьи агIламу иннака антал aгIаззул акрам. Ва салла ллагьу гIала саййидина МухIаммадин ва алигьи ва сахIбигьи ва саллам».
• • •
t.me/ihsan_avar
Телеграм-канал ИХӀСАН
•━━━━━༻❁༺━━━━━•




ШагIбаналъул хиралъиялъул хIакъалъулъ Бичасул Аварагас ﷺ абуна:

«ШагIбан моцIалъул хиралъи цогидал моцIазде дандеккун релълъараб (бащадаб) буго цогидал аварагзабазде дандеккун дир бугеб хиралъиялда», - йилан.
ШагIбан моцI кIодо гьабиялъе ругел гIиллабаздасан цояб ккола гьеб моцIалъул бащалъуда Барааталъул сордо букIин. Гьеб сордоялъул хиралъи бицун рачIана гIемерал Аварагасул ﷺ хIадисал.
МугIаз бину Жабалица бицараб хIадисалда буго:
«ШагIбан моцIалъул 15-абилеб сордоялъ ТIадегIанав Аллагь рахIматалдалъун валагьула кинабго халкъалде, Аллагьас гьеб кинабго халкъалъул мунагьал чурула, кIиго чиясул хутIун (мунапикъасулги хIусудчиясулги)», - ян.

📰 АС-САЛАМ №16 (238).
http://t.me/ihsan_avar
•━━━━━༻❁༺━━━━━•


Барааталъул сордоялъул къокъаб баян


Видео недоступно для предпросмотра
Смотреть в Telegram
МУРАДУЛЛА– ХlАЖИ ДАДАЕВ


ШАФИГІИЯВ ИМАМАСУЛ ХИРАЛЪИ

Свалат-салам лъеяв Аварагас гьесул хӀакъалъулъ бицараб хӀадис:

(( عالم قريش يملأ طباق الأرض علما ))

«Цо гӀалим вахъине вуго къурайшияздасан, жиндир гӀилмоялъ ракьул гьомер цӀурав».

_ _ _
«Нусайхату-щабаб» (гьум.105)
СагIид - афанди  قدس سره

t.me/ihsan_avar


Имам Шафигlиясул хиралъи




Щукруялъул сужда кин гьабилеб?

Кинаб бугониги рохалилаб лъугьа-бахъин бугони, ай нигIмат бачIин яги балагь-къварилъиялдаса хвасарлъи, диналъ рекъараблъун бихьизабун буго БетIергьанасе ﷻ щукру гьабизе. Щукру гьаби бугелъул нигIмат цIикIкIиналъе ва тIаде бачIунеб балагьалдаса хвасарлъиялъе сабаб.

Абу Давудгун Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Аллагьасул ﷻ Расул ﷺ вукIана кинаб бугониги ракI бохизабулеб жо тIаде бачIиндал Аллагьасе ﷻ щукру гьабун сужда гьабулевлъун», - ин.

Гьединлъидал, рохалилаб иш яги ракIалдаго гьечIеб нигIмат тIаде бачIиндал ялъуни цоги хIажат гьечIел ишаздаса хвасарлъидал, суннатаб буго щукуруялъул сужда гьабизе.

Имам Нававияс щукруялъул сужда гьабиялъул хIакъалъулъ хъван буго: «Щукруялъул сужда какида гъорлъе кколаро (гьеб сужда гьабуларо как балелъул). Щукруялъул сужда гьабизе лъикIаб буго Аллагьасул ﷻ рахъалдаса нигIмат тIаде бачIиндал, яги сундаса бугониги хвасарлъидал, ялъуни балагь щварав, мунагь гьабулев чи вихьараб мехалъ (живго гьединаб мунагь гьабулевлъун гьечIолъиялдаса щукру гьабун). Щукруялъул сужда гьабулеб бихьизабизе рекъараб буго мунагьал гьарулев чиясда, амма жинде балагь щварасдаса бахчизеги лъикIаб буго. Гьеб суждаги гьабула Къуръан цIалулаго гьабулеб суждаго гIадин», - абун. «Мингьажу ТIалибина»

Цогиги гьединал ишал лъугьиндал, щукру гьабун суннатаб как базе, садакъа-хайрат гьабизе, батIи-батIиял тасбихIалгун дугIаби цIализе беццараб буго. Гьедин гьабиги рикIкIуна лъикIал гIамалаздасан ва щукруялъул сужда гьабураблъун. «МажмугI ШархIул Мугьаззаб»

Щукруялъул сужда гьабулелъулги цIунизе ккола какилъ цIунулел киналго шартIал. Мисалалъе, гIаврат бахчи, какичури букIин. Гьабулеб къагIидаги буго, байбихьулелъул ният гьабун, «Аллагьу акбарги» абун, цо сужда гьаби, цинги гьелдаса тIубаялъе саламги кьей. Суннатаб буго «Аллагьу акбар» абулелъул кверал рорхизе, суждаялда тасбихI цIализе.

▪️ t.me/ihsan_avar
«ТухIфатул МухIтаж»








ТIАРИКЪАТ ШИБ ЖО КОЛЕБ? АхIмад Гамзатов.
https://youtu.be/J8mg4d3rCZQ




Капурзабазул боцIи бикъизе бегьулищ?

Бикъизе яги бахъизе хIарамаб буго. Цо-цо жагьилзабазда мекъи бичIчIун, капурзабазул жо бикъула яги бахъула. Гьеб кутакалда мекъаб пиша буго. Бусурбанав гуресулги жо бикъизе хIарамаб буго Аварагасул ﷺ хIадисалда рекъон.

Мугъира ибну ШугIайбат, ислам къабул гьабилалде, цоявги чIван, гьесул боцIи-малги босун лъутула. Гьеб боцIиги босун гьев Аварагасухъе ﷺ вачIуна ва ислам къабул гьабула. Аварагас ﷺ абула дур ислам къабул гьабулин, амма дуца бачIараб боцIи-мал къабул гьабуларин. Нижер гьелде хIажатги гьечIин ва ниж гьеб мунагьалъулъги гIахьаллъуларин абун.

ХIадисалъе баян гьабун Ибну ХIажар ГIаскъаланияс абуна, рекIкI гьабун бахъараб боцIи-мал хIалаллъуларин, гьебги батIалъи гьечIин бусурбанав яги капурав чиясул батаниги.

(Имам Бухари) / АС-САЛАМ

Показано 20 последних публикаций.