Щукруялъул сужда кин гьабилеб?Кинаб бугониги рохалилаб лъугьа-бахъин бугони, ай нигIмат бачIин яги балагь-къварилъиялдаса хвасарлъи, диналъ рекъараблъун бихьизабун буго БетIергьанасе ﷻ щукру гьабизе. Щукру гьаби бугелъул нигIмат цIикIкIиналъе ва тIаде бачIунеб балагьалдаса хвасарлъиялъе сабаб.
Абу Давудгун Тирмизияс бицараб хIадисалда буго:
«Аллагьасул ﷻ Расул ﷺ вукIана кинаб бугониги ракI бохизабулеб жо тIаде бачIиндал Аллагьасе ﷻ щукру гьабун сужда гьабулевлъун», - ин.
Гьединлъидал, рохалилаб иш яги ракIалдаго гьечIеб нигIмат тIаде бачIиндал ялъуни цоги хIажат гьечIел ишаздаса хвасарлъидал, суннатаб буго щукуруялъул сужда гьабизе.
Имам Нававияс щукруялъул сужда гьабиялъул хIакъалъулъ хъван буго:
«Щукруялъул сужда какида гъорлъе кколаро (гьеб сужда гьабуларо как балелъул). Щукруялъул сужда гьабизе лъикIаб буго Аллагьасул ﷻ рахъалдаса нигIмат тIаде бачIиндал, яги сундаса бугониги хвасарлъидал, ялъуни балагь щварав, мунагь гьабулев чи вихьараб мехалъ (живго гьединаб мунагь гьабулевлъун гьечIолъиялдаса щукру гьабун). Щукруялъул сужда гьабулеб бихьизабизе рекъараб буго мунагьал гьарулев чиясда, амма жинде балагь щварасдаса бахчизеги лъикIаб буго. Гьеб суждаги гьабула Къуръан цIалулаго гьабулеб суждаго гIадин», - абун.
«Мингьажу ТIалибина»Цогиги гьединал ишал лъугьиндал, щукру гьабун суннатаб как базе, садакъа-хайрат гьабизе, батIи-батIиял тасбихIалгун дугIаби цIализе беццараб буго. Гьедин гьабиги рикIкIуна лъикIал гIамалаздасан ва щукруялъул сужда гьабураблъун.
«МажмугI ШархIул Мугьаззаб»Щукруялъул сужда гьабулелъулги цIунизе ккола какилъ цIунулел киналго шартIал. Мисалалъе, гIаврат бахчи, какичури букIин. Гьабулеб къагIидаги буго, байбихьулелъул ният гьабун,
«Аллагьу акбарги» абун, цо сужда гьаби, цинги гьелдаса тIубаялъе саламги кьей. Суннатаб буго
«Аллагьу акбар» абулелъул кверал рорхизе, суждаялда тасбихI цIализе.
▪️
t.me/ihsan_avar «ТухIфатул МухIтаж»