Хварасул нахъе тараб буголъи бикьиялъул кинаб къагIида бугеб?
Хварасул нахъе тараб буголъи бикьиялъул къагIида гьадинаб буго:
Гьесул буголъиялъулъ батани чияр жо яги гъоркьлъалие лъураб, гьеб хважаинасухъе нахъбуссинаби.
Хвел букъиялъе харж. Росасда йигей жиндир йикIа-яхъин, квен-тIех гьес чIезабун хьихьулей чIужуялъулни хутIун. Гьей юкъиялъул харж росасде ккола.
Гьесул налъи батани, гьеб бецIи. БецIиги байбихьула цин БетIергьанасда ﷻ цере ругел хIукъукъал налъаби рецIиялдаса.
Васият билълъанхъизабула.
ХутIараб, бикьула ирсилазда гьоркьоб. Ирсги бикьизе ккола шаргIалъ бихьизабураб тартиб цIунун.
«Мугънил мухIтаж»
✨ t.me/ihsan_avar
📰 Аs-Salam / ИХIСАН